Дуда ц1ц1арг1аги щиб гуржимеседо
Гуржанив вач1ани гьоболлъухъ щвезе
Гьаюрай эбель щий ц1ц1оралъул бика
Нагагь разилъани кьеян гьаризе
Дур гьайбатаб куцалъ камилаб черхалъ
Чагъир гьекъеч1ого мехтун вуго дун
Черхалде тенколел ч1ег1ерал гъалаз
Хунзахъе унгеян буго ах1улеб
Вай гьедин абуге жакъа лъалев вас
Гьудул чидарлъизе дир чара гьеч1о
Т1екъаб г1арз бахъуге муг1рузул г1али
Вокьулев кьаллъани кьоларин талих1
Дуйго чагъир кьела чодуй ххер кьела
Рокьул бицинч1ого кьабун баче квер
Нижер гуржагьанир ясал берцинал
Беразе г1адлу кьун г1одов виччан ч1ч1а
2
Муг1рузул сог1аб г1ор сангаралъ кколин
Балай сунца кквелеб беролеб жаниб
Бераздани ч1ч1аян рак1алъ абила
Рек1араб ц1а ссунеб сабабг1аги щиб
Дур рек1араб ц1аялъ ц1ц1ор бух1аниги
К1веларо вокьулев кьал ах1ун тезе
Кьог1аб туснахъалда тун к1век1аниги
Гьудул реххун тезе таваккал гьеч1о
Бухьараб тайг1адин къот1нов дунги тун
Ахикье т1ерхьана гуржимеседо
Гоги маржойилан бет1ерги къулун
Дида ч1орги реч1ч1ун анна х1инч1ч1 боржун
Дол арал векаца киса гурин мун
Дида ч1ч1орги реч1ч1ун йорч1илароан
Заман адин буго ирга дур буго
Дун дур асир вуго босе дурго кеп
|
Новичок
Махачкала